Дагъистаналъул автономиялъ-100 сон.

Дагъистаналъул автономиялъ-100 сон.
Тарихияб лъугьа-бахъин
Гьаб сураталъул х1акъалъулъ
1920 соналъул 13 ноябралда Темир-Хан-Шура шагьаралъул(гьанжесеб Буйнакс) театралъул минаялъуб т1обит1ана Дагъистаналъул халкъазул т1оцебесеб чрезвычайнияб съезд.Гьеб съездалде Москваялдаса вит1ун вач1арав Миллатазул рахъалъ халкъияв комиссар И.Сталиница Дагъистаналъе автономия лъазабуна.Съездалда Г1ахьвахъа Шамхал вищула президиумалъул членлъун гуревги. Съездалъул президиумалъул председательлъунги.Гьединго,Дагъистаналъул ревкомалъул буюрухъалдалъун Шамхалил партизаназул отрядалда т1адкъан бук1ана съезд т1обит1улел къояз тахшагьаралда х1инкъи гьеч1олъиялъул иш г1уц1изеги. 134 баг1арав партизанас рак1бац1адго т1убазабуна Темирхан-Шураб г1адлу-низам ч1езабиялъул иш. Сездалда г1ахьаллъулел рук1ана С.Орджоникидзе,М.Хизроев,Ж.Къоркъмасов, Г1.Тахо-Годи.Ц1алулезе интерес бук1инилан гъоркьехун дица кьолеб буго К1удиябросдал гьоркьохъеб школалъул муг1алим Мух1амад Расуловас хъвараб макъала. Гьес гьеб хъван бугоан Т1адмагъилъ росулъа Шамсудинх1ажи Г1исаевас бицаралъул кьуч1алда. Гьелда баян гьабулеб буго съездалда хурхун Дагъистаналъул т1оцевесев профессионалияв художник М.Г1. Джемалил «Дагъистаналъе автономия лъазаби» абураб тарихияб сураталъул х1акъикъат.
« Х1акъикъаталдаги художник М.Г1.Джемалица бихьизабун буго И.Сталиница к1алъай гьабулеб лах1зат. «Дагъистаналъул советияб искусствоялъул тарихалъул очеркал» абураб т1ехьалда хъвалеб буго Джемал гьеб съездалъул г1ахьалчи вук1анилан ва суратги съездалъ жиндиего гьабураб асаралда гъоркь бахъанилан.Вук1ун ватизеги бегьула Джемал съездалъул г1ахьалчилъун. Амма 1920 соналъ 19 сон барав Джемал ц1алулев вук1ана Тбилисалда.Грузиялъул суратал рахъиялъул академиялда.Кин батаниги, гьеб сурат бахъун буго тарихияб х1акъикъатги хисизабич1ого, съездалда бук1араб ах1вал-х1алги бихьизабун, хасго гьедин бахъун буго съездалъул президиум.
Узухъда. Сураталъухъ балагьаралщиназ рик1к1ун батила гьенир рихьулел И.Сталин,С.Орджоникидзе, М.Хизроев,Ж.Къоркъмасов ва Г1. Тахо-Годи хут1ун нахъиял чаг1и художникас ургъун рахъарал ратилилан.
Кинабха бук1араб х1акъикъат?
Дагъистаналда к1удияб х1адурлъи гьабулеб бук1ана Октябралъул революциялъ 50 сон т1убаялъул байрамалде.Мах1ачхъалаялда т1обит1араб рохалилаб тадбиралде ах1ун рук1ана баг1арал партизаналги.Тахшагьаралде рач1арал Г1ахьвахъа гьалбадерил т1алаб-агъаз гьабизе, гьел тира-сверизе рачине дида(Шамсудин-Х1ажи Г1исаевасда) т1ад къан бук1ана.
Цо къоялъ ниж ана Буйнакскиялде ва гьениб х1укму ккана шагьаралъул музеялде щвезе.Музеялда ругел суратазухъ ва цогидал экспонатазухъ балагьулел рук1адго, баг1арав партизан. Баг1араб Байрахъалъул орденалъе мустах1икълъарав Имах1о Г1алиев вугоан к1вар кьун цо сураталъул хал гьабулев.Циндаго дидехун вуссун гьес абуна:»Балагье, гьудул.нилъер Ихъалиги вугогурищ гьанив сураталда»,-ян. Т1адруссун рилълъана сураталде аск1оре.Х1акъикъаталдаги, сураталъул кваранаб рахъалда вахъун ч1ун вугоан Баг1араб Байрахъалъул орденалъе мустах1акълъарав Т1адмагъилъа Ихъали Мух1амадов. Киналго тамашалъун хут1ана ва сураталъул ц1идасан хал гьабизе журана. Ихъалида аск1орго рахъун ч1ун ругоан гьесиегог1адинал орденал щварал К1удиябросулъа Сулейман Мутаг1елумов ва Т1адмагъилъа Гъазимух1амад Г1алиев.Сураталъул бакьулъ, столалда нахъа г1одов ч1ун вугоан Шамхал Салих1ов, квег1аб рахъалда-Изаноса Хъачабег Нартаев.
Кинха бахъун бук1араб Джемалица сурат ва кин гьенире г1ахьвалал ккарал?
Дагъистаналде Чрезвычайнияб съезд т1обит1изе рач1унел И.Сталиница ва С.Орджоникидзеца Тбилисалдаса вачун вач1уна фотограф ва гьес бахъула залалдаса президиумалъул сурат. Президиумалде вищун вук1ана рехсарав щуявго г1ахьвалав.Гьеле гьеб суратги кьуч1ое босун, х1укуматалъул хасаб т1адкъаялда рекъон бахъула М.Г1.Джемалица рехсараб суратги».
Гьебго съездалда Шамхалие, Муртазаг1али Г1усмановасе ва Рамазан Нуровасе Дагъистаналда ва Северияб Кавказалда интервенциялде ва жанисел контреволюциялъулал рагъулал къуватазде данде къеркьеялъулъ бихьизабураб бах1арчилъиялъе г1оло «рагъулаб Баг1араб байрахъалъул» орден кьеялъул Россиялъул ревкомалъул буюрухъги ц1алула.(ЦГА РД, Ф-Р-4.оп.222.Д.-л 299).
Бадрудин Султанов. Журналист.